Внеклассное мероприятие «Малъе эбел рахьдал мац1»

Данное мероприятие – часть системной работы учителя по развитию интереса обучающихся к иностранному языку.

Внеклассное мероприятие показало высокую степень развития познавательных интересов обучающихся, способствовало самореализации их возможностей.

Учителем проделана большая предварительная подготовительная работа по проведению данного мероприятия: организованы разновозрастные команды обучающихся из состава 7-8 классов. Подготовлены презентации с использованием компьютера, карточки вариантов ответов, жетоны.

Содержимое разработки

Министерство образования Республики Дагестан

Муниципальное бюджетное общеобразовательное учреждение "Многопрофильный лицей №9"



Методическая разработка

внеклассного мероприятия

по родному языку и литературе

«Малъе эбел рахьдал мац1»




Разработала:

Магомедрасулова Д. Н.,

учитель родного языка и литературы





Махачкала 2019г.

8 «2» кл. Ц1алдохъан Гаджиева Г1ашурае бокьун буго эбелалъул х1акъалъулъ жинцаго хъвараб, цо гьит1инаб сочинение. Кеч1 рик1к1ине буго 7 кл. ц1алдохъан Эльмираца Лъутанхъулев чиясда г1анк1 вугилан абула Дуруслъи камиласда чан вугилан абула, Хъурмил г1амал бугесда бац1 вугилан абула Таваккаллъи г1урасда хъиргъу, лачен абула Кинацаго ц1ар ч1варав гъалбац1 вугин абула Бокьулеб лъимералда бурут1, кьег1ер абула Мекъаб г1амал бугесдаг1орц1енилан абула Абураб гьабич1есда х1айванилан абула, Х1илла – макру г1емерав цер вугилан абула, Ц1акъго - ц1акъ рокьукъасда борохь вугин абула

Гьудул, нагагь духъе гьобол вач1ани Мун гьумерги бук1к1ун, гьесда к1алъаге Гьев вуго сапаралъ унев чиясе Рек1араб чу хвейги хулжал рортиги Мег1ер мег1ералде кколареб г1адат, Г1адам г1адамасде г1емер кколев чи, Дурр роц1араб гьумер, разияб гьими, Гьесий нусго нухалъ хирайин ч1олеб

Сценка Х – Аминат ва…..а……ааааа Аминат М - унтийин дуе. Щиб къвариг1араб? Х – Дагьабги лъим кье, дир яс, гьелъул гьуинлъиялъ къечго хьвалеб гьеч1и. М – мА, гьекъе , мукъулукъалдасан бач1агийин дуда гьаб! Х – вай, ц1акъ т1аг1ам бахъараб лъим щиб, дир яс? М – киг1ан лъик1 раг1ула, гьебги х1арамаб буго дуе Х – гьав Анталавго кив вугев , дир яс жакъа? М - дурр инсулги эбелалъулги хабаде вахине анна бич1ч1анищ? Х – Ия! М – унти гьеб г1акдалг1адаб

«Малъе эбел рахьдал мац1» абураб кеч1 рик1к1ине буго 2 – леб классалъул ц1алдохъан Мух1амадов А Малъе, эбел рахьдал мац1 Дир умумуз бицараб Улбуцаги бицунеб, Урхъула духъ авар мац1, Малъе, эбел рахьдал мац1. Гъазимух1амад Х1амзат, Х1икматав имам Шамил Аваралъ к1алъалаан Малъе, эбел рахьдал мац1. Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат Ц1ар арал назмучаг1и, Нилъер мац1алъ ц1ализе. Малъе, эбел рахьдал мац1.

Дида тарихги лъазе Дагъистанги бокьизе Кьолбол васлъун вук1ине Малъе, эбел рахьдал мац1.

«Авар мац1» - абураб кеч1 рик1к1ине буго 3 – леб классалъул ц1алдохъан Мах1ачев Г1абдух1амидица Авар мацI Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун,
Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун;
Кьуруги батIалъун цеве унаго
Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун. Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан
Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан;
ТIарамагъадисеб къвал балеб буго,
Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали,
РагIуларо цо сас сверухълъиялда.
ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола,
ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Гьедин холев вуго, хадур гIодизе
Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро.
Берал къанщулелъул тIаде къулизе
Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо. Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан
Нухлулазул гьаракь рагIана дида.
Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул,
Исана букIинеб магIишаталъул. Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул,
Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул…
Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб,
ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ. Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,
Къана данде цаби, вахъана тIаде.
Аваразул калам, гьелъул камиллъи!
Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал. Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер магIарул мацI хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?
Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз
Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда? Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда
ГIагараб магIарул кечI рагIичIони?
Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз
Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц! Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе
ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро,
Ва пачалихъазул Ассамблеялда
Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро. Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал
Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела.
Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда
Черхалда борчараб рачел киниги. Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго,
Киниги гьулакги кIикIана нилъер.
Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда
Нух битIагийилан абуна улбуз. Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун,
Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел?
Дун магIарулазе, гьедин батани,
Бищун ахирияв поэтиш кколев? 7. Лаказул машгьурав шаг1ир Абут1алиб Гъапуровас жиндагоги лъалеб бугелъул, маг1арул мац1 лъазейин Ц1адаса Х1амзатихъе вит1ун вук1уна жиндирго вас. Гьениса т1ад вуссун вас вач1индал гьес васасда гьикъун буго . - Х1амида рек1анищ? - Рек1ана - Анц1гоялде щвезег1ан рик1к1ине лъалищ? - Лъала ( рик1к1уна) - лъабго нухалъ «къверкъ кьурулъа гъоркье к1анц1ана» - ян абизе к1олищ? - к1ола (3 нухалъ) абула) - гьеб к1вараб батани, к1везе буго дуда г1унк1рукьалъ к1ал бац1ц1инеги.

8. «Учитель» абураб кеч1 рик1к1ине буго 8 кл ц1алдохъан Г1алиева П. Нижер йиго учитель Гьелъие бокьулеб куц Эбел г1адай х1еренай, Ниж рац1ц1адго рук1ине, Нижеда гьимун гурого, Цоцазде вацлъи ц1унун,

Гьей жегиги к1алъач1о, Адабалда хьвадизе «Рорч1ами, лъима!» - илан Гьелъ нижеда малъула, Нижги т1аде рахъуна. Лъик1абщинаб бицуна, «Салам дуй, учитель», - ан. Ц1одорал мисалаца

Ниж кант1изе гьарула, Гьелъул дарсги нижеда, Бицунаго бич1ч1ула. Рокъой кьураб х1алт1иги Бокьулеб куц гьабизе Нижеца гьелъул адаб, Кидаго тезе гьеч1о, Гьелъул х1еренлъи, лъик1лъи Даим цадахъ хут1ила.



9. «Щиб рекъолеб маг1арул ясазда» абураб кеч1 рик1к1ине буго Хайрудинов Шамилица

Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ намусаб баг1арлъи – гьеб ц1акъ рекъола, Бокьула росулел гьезул кверазулъ цо нечараб х1инкъи – гьеб ц1акъ рекъола, Бокьула симсазда гьоркьан баккараб к1иго кьурараб гъал – гьеб ц1акъ рекъола. Бокьула гьимидал гьурмалъ гьит1инабго гванда – гьеб ц1акъ рекъола, Бокьула, лъар бахун унеб мехалда, гьезул г1иц1ал х1ат1ал – гьел ц1акъ рекъола. Бокьула рогьалилъ лъел ц1олел гьезий йо ц1орораб гьава – гьеб ц1акъ рекъола, Бокьула ц1ек1лъиги т1ок1лъиги гьечеб, цо рахараб партал - гьеб ц1акъ рекъола. Бокьула гьоболлъухъ цебе квенги лъун, цееса уней гьей – гьеб ц1акъ рекъола. Бокьула нилъеца абураб раг1уй цо мут1иг1аб сабру – гьеб ц1акъ рекъола. Бокьула, маг1арул ясалъе даим аб талих1ги ц1ияб г1умруги Амма бищунго ц1акъ маг1арул намус бокьула ясазе гьеб ц1акъ рекъола.



10. т1аде щолеб ц1ияб сонги бугелъул «Ц1ияб соналде цебе» - абураб кеч1 нилъее рик1к1ине буго Г1алиева Рахимаца.

Ц1ияб соналда цебе Нилъей бокьарабщинаб Ракьалда т1убалилан Раг1ана дида бицен. Дуца жигар бахъани Жаниб ц1агун х1алт1ани. Хут1иларила щибго. Щолареб жо кидаго Ях1 дуй гьудуллъун бук1а К1вах1 дуй тушманлъун бук1а! Рек1ел т1олабго рокьи Т1ахьазе бикьун вук1а!

Ц1ияб соналда цебе. Нилъей бокьарабщинаб. Ракьалда т1убалилан. Раг1ана дида бицен, Риччай, гьудул !К1ийилал». Дудаса рик1к1алъизе, Риччанте «Щуийилал» дуй. Щибаб дарсида щвезе.



Нилъер гьаб данделъи къазе бокьун буго Р. Х1амзатовасул «Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал» абураб кеч1алдалъун. Кеч1 ах1изе буго 8 – леб классалъул ц1алдохъабаз.


Сохранить у себя:
Внеклассное мероприятие «Малъе эбел рахьдал мац1»

Получите свидетельство о публикации сразу после загрузки работы



Получите бесплатно свидетельство о публикации сразу после добавления разработки