Разряды наречий

На уроке были учтены возрастные и психологические особенности обучающихся. На уроке были реализованы принципы наглядности, научности (дети оперировали научными понятиями), доступности (реализован в подборе материала), принцип связи обучения с жизнью.

Важным моментом на уроке было соблюдение здоровьесберегающего режима: смена видов деятельности, упражнения для снятия нагрузки с глаз.

Содержимое разработки

Министерство образования Республики Дагестан

Муниципальное бюджетное общеобразовательное учреждение "Многопрофильный лицей №9"





Методическая разработка

урока по родному языку и литературе

в 8-ом классе

на тему:

«Разряды наречий»




Разработала:

Магомедрасулова Д. Н.,

учитель родного языка и литературы







Махачкала 2019г.

Рагьараб дарсил

Дарисил тема: Наречиялъул разрядал.

Дарисил мурадал.

Лъайкьеялъул:

наречиялъул разрядазулгун лъималазул лъай –хъвай гьаби;

наречиялъул х1акъалъулъ лъай щула гьаби.

ЦебетIеялъул:

кӀалзул ва хъвавул калам цебетӀезаби.

Тарбия кьеялъул:

Авар мацӀалде лъималазул рокьи бижизаби.



Дарсил алатал: Компьютер, интерактивияб доска, призентация.

Дарсил ин.

Орг. момент.

Байбихьи

МугIалим

-Лъимал, дие бокьун буго дарс байбихьзе, нилъер кIудияв шагIир, ХIамзатил Расулил «Авар мацI» абураб кочIолъа росарал гьал рагIабаздалъун..

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила;

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб кьвагьун

Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий магIаруллъи, магIарул чагIаз

Чияр мацI бицунеб жидерго гъастIа?!

(Слайд№2)

МугIалим

-Лъимал, лъалищ нужеда цойги магIарул мацIалъул хIакъалъулъ хъварал кучIдул?

ЦIалдохъан 1:

Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат – мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.


Аххан кини кIикIарал

Албаназул наслаби,

Агьан кучIдул ахIарал

Азиялъул бахIарзал

ЦIалдохъан 2:

Ассаламу гIалайкум,

Аваданаб авархалкъ,

Африкаялъул хIанчIаз

Август тIамулел тIохал.


Ахада гъварилъуда

АнцI-анцI хъудулел лъарал

Айгъир квачIида чIарал

АхIулгохIалъул тIогьал;

ЦIалдохъан 3:

Ассаламу гIалакум,

Аваразул лебаллъи,

Амузгиязул хвалчен

Ахъбердиласул рачлихъ


Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи –

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

МугIлим

-Лъимал, дие бокьун буго нужеца гьал ахирисел мухъазде к1вар кьезе. Унгоги, лъимал, нилъер бихьулеб буго Расулица кигIан кIудияб кIвар кьолеб бугеб рахьдал мацI лъазабиялде. Кинал маг1арулалха нилъ кколел рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 магIарул мацI лъазабизе.

Жакъа нилъер дарсил тема буго наречиялъул разрядал. Дица х1аракат бахъила нужеда малъизе, нужеца х1аракат бахъе малъараб босизе.


Рокъобе хӀалтӀиялъул хал гьабила.

Арал темабазда т1асан фронталияб гьикьи гьабила, гьез жавабал кьела:

1) Наречие сунда абулеб? Мисал баче.

2) Кинал суффиксаздалъун наречие лъугьунеб? Мисал баче.

3) Глаголаздасан лъугьарал наречияздаги деепричастияздаги гьоркьоб батIалъи бице. Масалал раче.

Предложениял членазде риххе кьела.

Жакъа лъимал лъикI хIалтIана.

ПатIиматица берцинго кечI ахIана.

Морфологияб разборалъе кьела хIалтIана абураб рагIи. (Слайд№2)



ЦӀияб тема.

МугIалим

-Жакъа, лъимал, нилъеца бицине буго наречиязул разрядазул хIакъалъулъ. Хъвай, лъимал, нужеца дарсил тема тетрадазда.

Наречиял нилъеда ратула художествияб литератураялда куч1дузулъ ва харбазулъ.

Наречие ккола кламалда жаниб иш гьабулеб куц, бакӀ, заман, гӀилла-мурад баян гьабулеб каламалъул бутӀа. Мисалал: хъачӀго (кин?), цебе (киб?), кепалъе (сундуе гӀоло?), гӀемерго(кигӀан?), жакъа (кида?).

Наречиялъул разрядал.

МагӀнаялде балагьун, наречиял рикьула щуго разрядалде.

1.Ишалъул куцалъул наречие. Кин? Щиб куцалда ? абурал суалазе жаваблъун бачIуна: аваданго, лъикI, берцинго, пашманго.

2. Заманалъул наречие. Кида? кидалъизегIан ? абурал суалазе жаваблъун бачIуна: гьабсагIат, церекъад, рогьалилъ, хасалихъе, ихдал.

3.БакӀалъул наречие. Киб? кибе?, киса? абурал суалазе жаваблъун бачIуна: сверухъ, бакьулъ, жаниб, мадугьалихъ.

4.Къадаралъул наречие. Гьал наречияз сундулниги къадар бичIизабула. КигIан?, кигIаналъ? абурал суалазе жаваблъун бачIуна: гIемер, дагь, кIицIул, лъабцIул.

5.ГӀилла-мурадалъул наречие. Щай? сундуе гIоло? абурал суалазе жаваблъун бачIуна: щайго, махсароде, (Слайд№4)

Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала:

Х1алт1и №3 гьум.194 (Предлжениялъул членазде риххизе.Наречиязе суалал лъезе. Предложениялъул кинал членаллъун ккун ругелали бицине)


Словарияб х1алт1и.

Кепкал- копейка

Хъиру- ганчIил цо тайпа

НекIо – цIакъго цебесеб заманаялда.

Гуч- къуват

Кьиндал- хасало

Янгъиз-

Хъукьго- кватIун, жиндирго заманалдаса нахъеккун. (Слайд№5)

Берзул диктант.

х1алт1и №2, 193 гьумер. (Ц1алула гьенир ругел коч1ол мухъал

(ва чIегIерхъварал наречиязе суалал лъола, разрядал рицуна).


1.Мискинзабазе заз, Залимазе нах,

Нахъа балагьила дур хIукмуялде,

ХIалимасе хъиру, хъачIасе касквас,

Кида-къадги ккела мун дир цIобалде

Жанир тIилал регьун, тIаде ганчIал ран,

КигIан гIазаб кьураб гIадамаз дие.

Квасквасул гаразде загьруги тIинкIун,

ТIаде гьел рехунги, течIо хIалалъи


2.Пуланаб рукъалъул рагьдул кIалтIа чIван,

ЧIахIахатIалъ хъвараб хъарщи батана

ГIурул гуч букIаго, цIул бахъилилан

ЦIакъго гъираялда жанив кIанцIана.

Жакъа бугинха цо кваналеб къоян,

Къвалакь тIагъурги ккун, тIаде лъугьана…

Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,

Гьодал ругоан дур, гургинго рехун….

Гьанже дун инилан къасд гьабулаго,

Кан нахъаса ккуна кепкал кьейилан…

ГьедигIанги инжитго данде гьабураб

Дунялалъул боцIи бакьанго гуро ( ЦI. ХI)


ЦIияб тема щула гьаби. (ХIаял)


1. «Бищунго хехав»

(Тексталдаса ратIа росун наречиял хъвазе, гьезул разрядал рицине. ТIоцебе хIалтIи тIубарав лъабгоясе къимат лъела.)

2. «КъваригIараб рагIи бате»

а)«…………. борце, цин къот1е». (АнкьцIул)

МугIалим

- Лъимал, нужеда гьаб кициялъул маг1на лъалищ?

(Лъик1 ургъич1ого к1вар бугеб иш гьабуге.)

Гьалъулалда маг1на релълъараб кици г1урус мац1алда лъида лъалеб?

-семь раз отмерь, один раз отрежь.


б)ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарас

БекьиичIого лъилъе, нилъ …………….хур. (гьечIого)


в)Гьерси чода рекIарав……… гъоркье рещтIуна, (хехго)

Цинги лъелго вилълъине хIатIида гIицIго ккола.

3. «Лъица гьадин абураб,?»

(Адабияталдаса цо-к1иго мухъ ц1алила наречиял гъорлъ ругел)

а). Радал бахъарабго куте батула,

КартIил кIалтIа кIусун, дие чанги къан,

Канлъи къатIарабго бачIун цараца

Цо сверни бахъула санил ракьанда.

(асаралде ц1ар, автор) («Дибирги гIанхвараги» ЦI ХIамзат)


б) Вач1унев вихьула лъабго нухлулав

КIал ч1ег1ераб х1ама цебеги къот1ун.

(асаралде ц1ар, автор) («МугIрузул ГIали». Халкъияб кечI)


в)Бищунго рохараб ихдалил моцIалъ

Дир мадугьаласе гьаюн йиго яс.

Вохарав инсуца, цIвабзазухъеги ккун,

ЦIар кьуна гьелъие Машаян абун

(асаралде ц1ар, автор) (« Маша» Р. ХIамзатов) (Слайд№6,7,8.)



Дарсил х1асил гьабила

Тестовияб х1алт1и.

1 Наречие сунда абулеб?

а ) жинца предмет бихьизабуле каламалъул бут1аялда;

б) предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1аялда;

в)предложениялда иш лъугьараб куц, бакI, заман, къадар, гIилла –мурад баян гьабулеб каламалъул бут1аялда.


2. Наречиял чан разрядазде рикьулел?

а) 3 разрядалде;

б) 4 разрядалде;

в) 5 разрядалде.


3. Кинаб разрядалде унел гьал наречиял?

Метер, радал, жакъа.

а) ишалъул куцалъул наречие;

б) заманалъул наречие;

в) бакIалъул наречие


4.Кинаб разрядалъул наречиял гьал колел?

ЧIалгIаде, гIадада, щайго.

а) къадаралъул наречие;

б) заманалъул наречие;

в) гIилла-мурадалъул наречие.


5.Наречие бихьизабе:

а)кьижун;

б)лъабц1ул;

в)ч1вазе. (Слайд№9,10)


Къимат кьей

Рокъобе х1алт1и.

МугIалим

-Лъимал, нилъер росдал ракьалда гIемерал бакIал руго. Гьел бакIазда лъурал цIарал гIуцIун руго батIи-батIиял каламалъул бутIабаздаса. Наречиял гъорлъ бугеб бакIазда ц

Сохранить у себя:
Разряды наречий

Получите свидетельство о публикации сразу после загрузки работы



Получите бесплатно свидетельство о публикации сразу после добавления разработки