Министерство образования Республики Дагестан
Муниципальное бюджетное общеобразовательное учреждение "Многопрофильный лицей №9"
Методическая разработка
урока по родному языку и литературе
во 5-ом классе
на тему:
«Народные песни, поговорки, пословицы»
Разработала:
Магомедрасулова Д. Н.,
учитель родного языка и литературы
Махачкала 2018г.
Дарсилмурад:
1Г1асрабазул данде гьабураб г1умруялъул х1ал бихьиялъул , г1акълудал ралъадлъун
кколел кицабазул ,бицанк1абазул к1вар ва хаслъи рагьи.
2 Халкъалъе х1ажатаб хазина бугеблъи бич1ч1изабизе.
3 Жалго рижараб,г1ураб ракьалдехун Ват1аналдехун рокьи ц1ик1к1иялъе.
Дарсил алатал : таблицаби ,картинкаби.
Дарсил ин
Учитель
Рорч1ами лъимал ! Нилъер жакъасеб дарсил тема: «Халкъиял куч1дул бицанк1аби, кицаби»
Жакъа нилъеда бихьила киндай нилъер умумуз Дагъистаналда г1адатал ц1унун ругел .
Лъимал жакъа ни лъехъе рач1ун руго гьалбал.Нилъеда
Лъала нилъер Дагъистан х1урматияб рахъалъ ц1ар араб бук1ин.
Т1аде щварав гьобол к1одо гьави, гьеб буго умумуз нилъее тараб гьайбатаб г1адат ;
Т1олго г1умруялъ цадахъ цебехун босейилан.
Босила дир умумул ,
Дица хазина г1адин
Гьоболасе бук1араб
Нужор рак1азул хинлъи.
Ассаламу г1алайкум т1аде вач1ани ,
Ваг1алайкум салам , -ян
Къабул гьавизе вуго.
гьит1инго
Абулеб раг1улаан
Гьобол вач1унеб мехалъ
Баракат бач1унилаан
Рокъобе х1алт1и
1К1одо эбелалъул гъансинир рихьарал маржанал сабаблъун кинал
Пикраби гьарурал Г1ашураца?
2Г1ашураца маржанал росараб куцалъул бице.
3Ясалъул ц1огь т1атараб куц бице.
Г1ашураца гьарурал пикраби ругеб бак1 ц1але.
Учитель
2Инсанасул х1урмат гьабигуребги,цоги г1еме-г1емер лъик1 ал г1адаталги хазинабиги
Тана нилъее умумуз ирсалъе .Гьел руго хераз ,гьез умумузда
бицун ,нилъецаги нилъерго наслабазда рицунел хвел гьеч1ел асарал.
Гьезулги руго бат1и-бат1иял тайпаби .Гьелда гьоркьоса нужеда лъала куч1дул.
Гьелги рук1уна бат1и-бат1иял.(кинал рук1унел куч1дул)
Г1адатазда хурхарал куч1дул
Я, Аллагьу, ц1ад баги
Ц1ал –ц1алахун магъилъе
Мегъ-мегъалд а щущуги,
Щоб-щобазда биххаги
Баги, бечед ,чвахун ц1ад
Чабхъилъа н ицц баккизе,
Гьарзаго т1орщел щвезе,
Щвараб баракат лъезе
Маг1арда ц1ер биаги ,
Лъарал–г1орал щун аги,
Чахъа г1иял х1ал хьезе,
Ц1ц1аназул мугъ бит1изе!
Кинидахъ куч1дул ах1ула эбелалъ лъимералъе , ч1ах1ияз г1исиназе.
(лъида лъалел кинидахъ куч1дул)
Кинидахъ куч1дул
Биараб г1арцул т1урай, Дуе, яс ц1ар кьун буго ,
Парт1ун ралъулгьаюрай , Гьац1удаса гьуинаб.
Меседкунай г1омо гьай, Бералдуекьунруго,
Г1арцукунай чалу гьай, Ц1олбодаса гургинал.
Чакаралъуй кило гьай, Г1амбаралъул т1егьги мун,
Кавказалъул бурут1гьай. Хайдакъалъул г1ечги мун.
Эбел йохарайги мун.
.Лирикайилан абула инсанасул рек1ел асар загьир гьабизе ургъарал
куч1дузда гьединал куч1дул авар фольклоралда г1емер руго.
(лъимал нужода лъалищ лирикиял куч1дул)
Лирикиял куч1дул
Вабабай ,ле г1олил яс,
Г1акдал нахул к1аркьалаби,
Чури ч1ого гьумер хъах1?
Хъвач1ого кьунсрул берцин
Ихдал кьибил квараб кьег1ер г1адай дун
Кьеч1они гьаб дунял кисан босилеб
Кьиндал к1алц1и барай барти г1адай дун
Бихьич1они канлъухъ кин балагьилей .
Кеч1,киналго халкъиял асаралго г1адин ,ккол а инсанасе тарбия кьеялъул,
Гьев куцаялъул алат лъун .Шиг1раби ва куч1дул хъван руго гьайбатаб ,камилаб ,
пасих1аб мац1алъ, г1инда к1утаралго рек1елъе рортулеб х 1алалъ.
Г1адамаз гьел т1аса рищула жиндирго чорхол бакъаналда рекъон, рохалил
къояз--- цоял ; пашманал къваридал саг1таз ----цогиял.Гьез инсанасе
к1удияб квербакъи гьабула рохел загьир гьабизеги ,ургъел т1аса рехизеги.
Къокъал куч1дул
Ккараб рехун тоге,кк еч1еб баччунге.
Руччаби киниги ,чучун к1алъаге
Т1ад лъурал Т1агъразул .ссан хун рук1унге,
Михъ кьурун .кьварун ч1а ,кьал ах1ун хьваде.
кьалул куч1дул
Гьал куплетазда гьоркьоб кинидахъ ах1улеб кеч1 ц1але
1 Бах1арчи чорхое 2 Эбелалъе йокьулей
К1удияб пахру Ракьа гьеч1еб чамасдак
Намус лъик1 ц1унарай Адаязе хирияй
Лъадул бук1уна Ххам борцунеб г1арцул нат1.
Гьесул ц1ар бицунеб, 3 Ралъдалъе ц1ва бортана ,
Берзул нур сунеб Батилеб кин гьанжегьеб?
Сурмияб нодохъах1 Гьанже лъана ясалда
Айгъир бук1уна. Рокьи гьереси бук1ин.
Сценка
Гьанже лъималаз нужода бихьизабила гьит1инабго сценка .Лъимал,нуж лъик1 г1енек ке.
Нухдасан уней йиго херай к1одо бак1аб сумкагун. Данде рач1унел руго школалдаса рач1унел лъимал.
К1одо:Васал ,кумек гьабе дие доб рахъалде ине ,босе дир сумка ,мугъ унтун буго
Вас 1Ле Дауд, балагье цо гьалда ,долъул гурдеялъул басралъи (велъана)
Вас 2 У ха ле ,Мах1муд ,щиб долъие къвариг1ун бугеб ?
Вас 1 Ле, к1одо, нахъе а цо нухдасан , дурго лъималазда абе кумек гьабейин .Вилъа, Дауд.
Васал к1одоги тункун ,ана.К1одо х1алица хут1ана г1одой реч1ч1инч1ого
К1одо Огь ,нич гьеч1ел васал ,школалдаг1аги щиб нужода малъулеб?Дун г1адинай к1одо нужорги йигогури.
Вас Вай к1одо эбел, дуе щиб лъугьараб? Яч1а дица дуе кумек гьабила .Кье дихъе сумка ,
Яч1а дица мун рокъое щвезайила.
К1одо Баркала, дир вас . Сахлъи кьеги дуеги дур эбелинсуеги. Мун г1адинал г1емерлъаги
лъимал.
- К1одол сумкаги босун ,гьелъул гъежги ккун, вас ана к1одо рокъое щвезайизе.
- Лъимал, щиб малъулеб нилъеда гьаб сценкаялъ?
-Нужор йигищ лъимал к1одо?
-Щиб кумек нужоца гьелъие гьабулеб?
-Лъик1 буго лъимал. Нилъги херлъизе ругелъул ,нилъеца к1удиязул х1урмат гьабизе ккола.Нилъеца адаб гьабизе ккола учительзабазулги ,ч1ах1иязулги эбел-инсулги, гьез
Малъараб гьабизе ккола.
Лъиданиги лъалищ к1одол х1акъалъулъ кеч1?
Физминутка
Учитель
Гьединго халкъиял хазинаялда гъорлъ е уна кицаби.
Лъица бицилеб щиб жо кколеб кици?
Кици ккола г1умруялъул х1албихьиязул кьуч1алда халкъалъе инсананасе
г1акълу кьун ургъараб ,х1асилалде щвараб ,гъваридаб маг1наялъул ,
къокъаб пасих1аб калам.
Учитель
Лъица бицинеб, щиб загьир гьабулеб кицабаз?
Ученик
Кицабаз загьир гьабула гъваридаб ,халкъалъго г1аламлъизабураб
пикру, аза-азар г1елалъул г1умруялъул х1улаби.
Учитель
Щиб нилъеда кицабаз малъулеб?
Ученик
Кицабаз малъула квешалдаса ц1унизеги лъик1аб гьабизеги
Учитель
Кицабазулъ г1ад хоч 1гьабун сундул бицунеб?
Ученик
Кицабазулъ бицуна х1инкъи , гьаглъи , к1ох1аллъи,
Х1инцлъи г1адал г1унгут1абазул.
Учитель
Кицабазулъ щиб беццулеб ?
Ученик
Беццула г1акъиллъи ,х1алимлъи ,х1аракатлъи намус бац1ц1алъи
Учитель
Нужода лъалищ кицаби.
Бет1ер х1алт1ич1они, х1ат1ал свакала.
Басрияб ц1уне,ц1иябги лъа.
Вач1инеги лъай ,инеги лъай.
Анц1ул борце,цин къот1е.
Гьари рекъараб,бикъи сурараб.
Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.
Щуго килищ биччан тани ,тамахаб хъат лъугьуна,
Щуябго данде къани ,къвак1араб зар лъугьуна
Кколелъул раг1аби лъе
Ургъун раг1и …. ургъуге
Борцун гали…. т1аме
Бицине нечараб…. бице
Гьикъизе намусаб…. гьабуге
Аварские послвицы и поговорки.
Ват1ан ц1унун хварав чи хабалъ ч1аго вук1уна---
-Кто погиб защищая Родину,тот и в могиле жив.
Ханжар ц1улал бугони г1ола,рак1 маххул бугони—
И деревянного кинжала достаточно,если сердце железное.
Бах1арчи кьалда хола,х1алихьат боснов хола—
Герой в бою погибает,трус---в постели
.К1иц1ул чи холаро—
Дважды человек не умирает
.Гъалбац1алъ нахъе ц1око тола, г1адамас ц1ар тола
–После льва шкура остается,после человека—имя.
Чу рилълъадасан лъала,чи раг1удасан лъала—
Коня узнают по езде,человека--- по словам
Лъимал данде кколеб сурат бихьизабе.
1Дунялквачан буго, 3Бакъ багIарун буго,
ГIазу бан буго. Хер бечIан буго.
Гiалах хъахIлъун буго. Пихъал рарщун руго,
Лъим цIорон буго. ТIощелбарщун буго.
2ГIазу-цIер биана, 4 ГIурччинлъи тIагIана.
Дунял цIилъана. Тiугьдул ракъвана.
Къоял халалъана, Рохьал тIогьиллъана.
Милъиршо щвана. Берцинлъи хвана.
Учитель
Гьанже нилъеца бицила бицанк1абазул
Бицанк1о щиб кколеб?
Ученик
Бицанк1о ккола релъен–хъваялъул кьуч1алда гвангъарал сипатаздалъун
г1уц1араб,ц1ар балъго гьабураб предметалъул къокъаб асар.
1Дуниял раг1алда дун к1алъаниги ,
Раг1и хисич1ого дуда раг1улеб (радио)
2Берал гьеч1еб –бихьизе кумек гьабулеб (ц1оробер)
3Дуниялалда бищун т1аг1унареб пихъ (г1елму)
4 К1ал гьеч1еб г1акъил (т1ехь)
5Дунял свераниги свакаларел жал (берал)
6 Азарго сон баниги херлъулареб жо (рак1)
7 Араб т1ад бусунареб жо (заман )
8 Дунял г1алам г1уц1улеб,
Жибго г1иц1го хут1улеб. (рук1к1ен)
9 Буханаг1ан басандулеб жо (торг1о)
10 Риххун лъуни , маг1на гьеч1ел , 9 Кьерда лъуни,гаргадулел. ( х1арпал)
Маргьаби.
Нилъерумумузабулаан
Гьобол вач1унареб къо бач1унгеги.
***Гьоболлъухъ индал - хан, гьобол вач1индал - лагъ.
***Гьобол вихьун рукъ гьабе, рукъ бихьун гьобол axle.
*** Гьобол лъик1ав - вач1инеги лъалев, инеги лъалев.
***Гьобол- гьобол г1адин ч1езе лъик1ав.
***Гьоболлъи - гьабуни бук1уна.
***Умумузул гьобол гьудуласдасаги цевесев.
***Гьобол вач1унгегиян ккараб къо бач1унгеги.
***Лъабго къо инч1ого гьоболасда ц1ар гьикьулареб.
*** Уневанищан ккарав гьобол вач1унгеги.
***Гьобол вугеб рукъалъул т1аладухъан унеб к1к1уйги бицатаб.
*** Т1охол гьобол хисизе бегьуларев
Абиял
Гьудул басрияв лъикIав.
ГьитIинго босараб лъай ганчIида бик1кIараб накъищ.
Гiемер хьвадани бохдул свакала, гIемер кIалъани мацI свакала.10
Квешав васас инсул цIар хвезабула.
ВатIан гьечIев чи – чед гьечIеб таргьа.
Нилъер улка – эбел, чияр улка – бесдал эбел.
ЧiухIиялъ гIодовегIан гьавула, гIаданлъиялъ тIадегIан гьавула.
Живго – гIодов, гIамал – зодоб.
Басрияб ретIине чIухIарасе цIиябги щолареб.
Гьикъизе нечоге, лъангутIиялдаса неча.
ХiанчIиеги жиндирго бусен хирияб.
Дарсил х1асил
Сундул х1акъалъулъ нилъеца дарсида бицараб?
щиб нужода лъараб ?
Рокъобе х1алт1и
Стр 51 -52